ХакикаТ (Истина)

@hakikat_gazeta


Фан-клуб газеты «ХIакъикъат».

Гьале нижергун бухьен гьабизе бокьаразе Телеграм-бот @hakikatgazeta_bot . Суалал, макъалаби, видео ва аудиороликал ритIизе бегьула гьанире.

ХакикаТ (Истина)

23 Oct, 04:53


🤝Ассаламу гlалайкум! Рорчlами, хириял магlарулал!

Къо баракатаб батаги. Балагьал рикlкlалъаги, къварилъи-ургъел тlаса босаги. Гьабулебщиналъулъ тавпикъ кьеги. Гlумруялда баракат лъеги. Баракат бугезда дандчlвайги.

@salgereyev_m

ХакикаТ (Истина)

22 Oct, 14:41


Г1езег1ан соназ Сагlудиялда хlежалъул суалал тlуралев вукlарав Мухlамад Хlамзаевас гьадин ракlалде щвезарулел руго Жиддаялда Россиялъул генконсуллъун вукlарав Багьавудин Гlалиевгун цадахъ хlалтlарал сонал.

ХакикаТ (Истина)

22 Oct, 14:07


Гьабсагlаталда Миллияб библиотекаялда унеб буго мугьажирлъиялъул хlакъалъулъ дипломат Багьавудин Гlалиевас хъвараб тlехьалъул презентация.

ХакикаТ (Истина)

22 Oct, 13:27


2024 соналъул байбихьудаса нахъе ДРялъул къватlисеб экономикаялъул хlасилазул хlакъалъулъ бицунеб буго гьабсагlаталда «Дагъистан» РИАялда унеб бугеб пресс-конференциялда.

Журналистазул суалазе жавабал кьолел руго ДРялъул хlукуматалъул бетlерасул заместитель Ризван Гъазимухlамадовас ва «ДРялъул экспорталъе квербакъулеб центр» АНОялъул директор, ДРялъул бетlерасул жамгlияв гlакълучи Руслан Абаскулиевас.

2024 соналъул тlоцебесеб 6 моцlалда жаниб республикаялъ къват1исел пачалихъазде ричарал нигlматалгун къайиялъул къадар, гъоркьиса гьебго заманалда дандеккун,
8 проценталъ ва импорталъул къадар 3 проценталъ цlикlкlанин абун бицана гьез.
Аслияб къагlидаялъ къватlибехун бичулеб буго гьан, ролъ, ччугlа ва цlер.

Гьелъул хlакъалъулъ хъвазе буго «Хlакъикъаталъул» иргадулаб номералда.

#Хlакъикъат / Патlимат Султlанмухlамадова

ХакикаТ (Истина)

22 Oct, 07:55


⚡️Гьабсагlаталда Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректораталда унеб буго ДРялъул миллияб политикаялъул ва диналъул ишазул министерствоялъ гlуцlараб «Тарихияб ва рухlияб ирс цlуниялъулъ диназ кколеб бакl» абураб данделъи.

Гьеб тlобитlулеб буго «Дир Дагъистан» абураб гlолохъанал ватlанцоязе маданияталъулгун лъай кьеялъул проекталда рекъон. Сулейман Стальский гьавуралдаса 155 сон тlубаялде ва халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 25 сон тlубаялде гlуцlараб гьеб проекталда рекъон тlоритlулел тадбирал халатрахъине руго 26 октябралде щвезегlан.

#Хlакъикъат / Патlимат Султlанмухlамадова

ХакикаТ (Истина)

22 Oct, 04:28


🤝Ассаламу гlалайкум! Рорчlами, хириял магlарулал!
Къо баракатаб батаги. Барaкат бугел дандчlваги. Хабар лъикlаб рагlаги.

@omar_dzhamaldinov

ХакикаТ (Истина)

21 Oct, 17:32


❄️🌨🌬❄️
Хасалил кьер чlварал мугlрул тlогьазде
Тlоцебесеб гlазу щурулеб буго.
Тlохьотlа росуги сверухъ мугlрулги,
Хъахlаб юргъаналъулъ гъапуллъун руго.

Къурбан Кlулизанов

📹Лъаратlа мухъалъул Тlохьотlа росу

ХакикаТ (Истина)

21 Oct, 17:28


Дагьалъ церег1ан газеталъул х1алт1ухъаби щун рук1ана Ц1умада районалъул Инхокъвари даруяб лъел иццде.

Маг1арухъ г1емер дандч1вала йод г1унгут1иялъ мукъулукъалда зоб лъугьарал г1адамал. Аслияб куцалда гьеб Инхокъвариса лъеца сах гьабулин бицуна.